Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялъул комиссар Федерика Могериница цоцаде данде чIарал къуватал ахIана Украиналъул машрикъалъул рахъалда кьвагьдей чIезабиялде.
Гьединаб къагIидаялда комиссаралъ рахъ ккуна ОБСЕялъул бетIерас конфликталъул киналго рахъазде Дебальцево шагьаралда аскIоб заманалъ гIаги, лъабго къоялъ гIаги рекъел лъазабун, балагьалде ккарал гIадатиял гIадамазул эвакуация гьабизе рес кьеян гьабураб хитIабалъул.