1 марталдаса россиялъулазул рес букIине гьечIо Украиналъул территориялде гIадатияб паспортгун ине.
Гьездаса хасаб паспорт тIалаб гьабиялъул хIукму гъулбасун буго Украиналъул премьер-министр Арсений Яценюкица.
Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго талат къоялда Украиналъул хIукуматалъул пресс-хъулухъалъ.
Яценюкил пикруялда, гьеб къагIидаялъ рес кьезе буго Украиналъулгун Россиялъул гIорхъода миллияб хIинкъигьечIолъиялъул мурадал тIуразариялъул ресал гIатIилъизаризе.