Ссылки для упрощенного доступа

Украиналде ине ккани, хадуб визаби къваригIине бегьула


Россиялъулгун визаби гьечIого цоцахъе хьвадиялда хурхараб къануналда цо-цо пунктаздаса инкар гьабиялъул къануналъул проект кьун буго Украиналъул къватIисел ишазул министерлъиялъ ТIадегIанаб Радаялде.

Гьелъул хъIакъалъулъ лъазабулеб буго «Интерфакс» агентлъиялъ. Гьеб документ къабул гьабуни, россиялъулазул рес букIине гьечIо мадугьалияб улкаялде хасаб паспорт ва виза гьечIого ине.

ТIадегIанаб Радаялда абулеб буго гьединаб хIукмуялъ рес кьезе бугин Украиналъул территориялда ругел Россиялъул гражданазда хадуб эффективияб къагIидаялда хал кквезейин.

XS
SM
MD
LG