Россиялда Украиналдаса йоржарухъан Надежда Савченкода тIад рагьун буго цоги такъсир гьабиялъул иш. Гьелда гIунтIизабулеб буго къануналде данде кколареб куцалда гIурхъи бахиналъул гIайиб. Гьелъул адвокат Илья Новиковас «Интерфаксалъе» лъазабухъе, Савченкода тIад гьеб иш рагьун буго ФСБ-ялъ.
15 декабралдаса нахъе ракъи лъазабун йигей Савченко хамиз къоялда жий жаний тIамун йигеб «Лефортово» туснахъалдаса ячун йикIана «Матросская тишина» туснахъалъул азарханаялде, гьей цинтIаго лъикIго хIалакълъун йигин абун.
Савченкоца нахъ чIвалеб буго Россиялъул кIиго журналист 17 июналда хвеялъулъ гьелъул гIахьаллъи бугин абун гьелда гIунтIизабулеб бугеб гIайиб. Гьелъ абулеб буго гьеб къо щвелалде жий сепаратистаз асирги гьаюн Россиялъул рахъалъухъе кьун йикIанин.
28 январалда ПАСЕялъ Россия ахIулеб букIана цо сордо-къоялда жаний эркенги гьаюн Савченко Украиналде йитIизе.