Ссылки для упрощенного доступа

Йоржарухъан Савченко туснахъалъул азарханаялде ккун йиго


Россиялдаса журналистал чIваялъулъ гIахьаллъи букIине бегьиялда бан Матросская тишина абулеб туснахъалда жаний тIамун йигей Украиналдаса йоржарухъан Надежда Савченко туснахъалъул азарханаялде ячун йиго гьей лъикIго хIалакълъун йикIиндал. Гьедин лъазабулеб буго гьелъул адвокат Илья Новиковас.

Савченкоца гIемераб заманаялда квандаса инкар гьабун букIиндал гьелъул чорхол хIал лъазабизе ва хIажалъани дару гьабизе Савченко азарханаялде ячун йигин абуна Россиялъул тамихI тIубазабиялда хурхун Федералияб хъулухъалъул вакил Кристина Белоусовалъ «Интерфаксалъе».

XS
SM
MD
LG