Ссылки для упрощенного доступа

Грециялда тIоритIулел руго парламенталъул рищиял


Жакъа Грециялда заман щвелеледго тIоритIулел руго парламенталъул рищиял. Гьаракь кьезе ихтияр бугев 800 азарго чияс вищулев вуго 300 депутат. Гьел гьаркьал кьеялъул хIасилазул кIвар буго тIолабго еврозонаялъе.

«ХъачIаб» экономиялде данде чIараб СИРИЗА абураб радикалиял квагIазул коалиция бергьани, Греция нахъе ине бегьула еврозонаялдаса.

Алексис Ципрасица нухмалъулеб жамгIияб пикру цIеххеялъ бихьизабулеб буго СИРИЗАялъе гьелъул аслияб конкурент премьер-министр Антонис Самарасица нухмалъулев кваранаб консерваторазул «ЦIияб демократия» партиялде данде ккун ункъгоялдаса цIикIкIун процент щолеб букIин.

Грециялъул парламенталъул рищиял заман щвелелдего тIоритIулел руго, щайгурелъул гьаркьал кьеялъул лъабго туралда хадубги парламенталда цIияв президент вищизе бажарун гьечIолъи сабаблъун.

XS
SM
MD
LG