Украиналъул президент Петр Порошенкоца лъазабуна Киевалъ улкаялъул машрикъалъул рахъалда тIад контроль чIезабизе бугин. Гьенир ахирисел къоязда цIикIкIун букIана хIукуматалъул аскариязул ва сепаратистазул рагъулаб дандечIей. Киев бакьулъ 18 январалда тIобитIараб митингалда
Порошенкоца абуна жидеца улкаялъул «ракьул кесекцин» кьезе гьечIин.
Гьебго заманаялда Украиналъул рагъулазул вакил Андрей Лысенкоца абуна араб сордо-къоялда жаниб пачалихъиял аскараз тIубанго тIадбуссинабунин ахирал анкьаз сеператистаз бахъун букIараб Донецкалъул аэропорталъул бутIайин. БакIалъул гIадамаз бицунелда рекъон, рагъал гIагарлъун руго сепаратистазул аслияб чIей бугеб Донецк бакьулъе. ГьатIан къоялда гьенив хун вуго Украиналъул ункъго солдат, лъукъун вуго 32-яв.
Киевалда 10 азаргогIан чи гIахьаллъараб митинг тIобитIулеб букIана Волноваха абулеб шагьаралда аскIоб араб талат къоялда рагъулазул чIовудабакIалда гIадатиял гIадамал рекIараб автобусалде кьвагьидал гьенив хварав 12 чиясул хIарматалда. Гьеб мехалда лъукъун вукIана 13 чи.