Америка ва Британия хIадурал руго Россиялде гьабулеб тIадецIуй цIунизе. Гьез гьелда гьабулеб буго Украиналъул машрикъалъул рахъалда ахIвал-хIал хIалуцинабиялъул гIайиб.
Гьедин абулеб буго The Times газетаялъ кьолеб Америкаялъул президент Барак Обамал ва Британиялъул премьер Дэвид Кэмеронил цадахъаб макъалаялда. Гьебги кьун буго Вашингтоналда гьел кIиязулго кIалъа-ралъаял байбихьизе кIиго къо хутIараб мехалда.
Америкаялъ, Евроцолъиялъ ва жеги цоги улкабаз Россиялде данде гьарун руго Крымалъе аннексия гьабуралъухъ ва Украиналъул машрикъалъул рахъалда сепаратистазул рахъ кквеялъухъ санкциял.
Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул баяназда рекъон, Украиналда араб соналъул апрелалдаса нахъе халат бахъунеб бугеб рагъулаб конфликталда хваразул къадар 4700 чиясде бахунеб буго.
«Нижер кьварараб жавабалъ мухIканго бичIчIинабулеб буго Украиналда ахIвал-хIал хIалуцинабулеб бугеб Россиялъухъ кIвар кьечIого дунялалъул жамгIият балагьун чIезе гьечIолъи»,-ян абулеб буго Обамал ва Кэмеронил лъазабиялда.
Москваялъ нахъчIвалеб буго Украиналда рагъулел сепаратистазул рахъ жидеца кколеб бугин абун гьарулел гIайибал.