Франциялъул жанисел ишазул министерлъиялъ улкаялъул халкъ ахIулеб буго цIакъго кIудияб куцалда цIодорлъи гьабизе. Гьелъие гIиллалъун ккун буго ахирисеб лъабго къоялда жаниб 17 чи жиндир къурбанлъун вахъараб тIадекIанцIи. ГIагарал къоязда улкаялда цIунун букIине буго террористияб хIинкъиялъул тIадегIанаб даражаялъул низам. Гьедин лъазабуна Франциялъул улка цIуниялъул министр Бернар Казневица президент Франсуа Оландил нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб хехаб данделъиялда. Казневица абуна гьатIан къоялда Парижалда теракталъул къурбаназул адабалда тIобитIизе бугеб маршалда хIажаталщинал тадбирал тIоритIизе ругин. Гьеб маршалда гIахьаллъизе руго Алманиялъул канцлер Ангела Меркель, Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмерон ва Украиналъул президент Петр Порошенко.
7 январалда Парижалда Charlie Hebdo (Шарли Эбдоялдо) сатирияб даптаралде тIадекIанцIи гьабураб мехалда чIван вукIана 12 чи, гьезулги 8яв журналист ва 2яв паолицияв рукIун руго. Ахирисел баяназда рекъон, лъукъун вуго 11 чи.
Гьеб тIадекIанцIи гьабиялда щаклъи бугел вацал СагIид ва Шериф Куаши чIван рукIана рузман къоялда хасаб операциялъул заманаялда.
Гьебго рузман къоялда Парижалъул машрикъалъул рахъалда жугьутIазул тукада гъоркьлъалие восун вукIарав микьго чиясул ункъгояв хун вуго. Гьел гъоркьлъалие росун вукIарав Амеди Кулибалиги чIван вукIана гьенивго.