Парижалда, ахирисел баяназда рекъон, 12 чи чIван ва жеги 20яв лъукъун вуго Франциялъул Charlie Hebdo («Шарли Эбдо») абулеб сатирияб даптаралде щалали лъаларел яргъидгIуцIарал гIадамаз тIадекIанцIи гьабиялъул хIасилалда. ЧIваразда гьоркьор руго гьеб даптаралъул редакторги кIиго полициявги. Лъукъаразул ункъгояв вуго захIматаб хIалалда.
Цересел баяназда рекъон, тIадекIанцIи гьабун буго кIигояс ва гьезул цояс ахIун буго: «Нижеца аварагасухъ къисас босана!»-ян.
Гьел ралагьулел руго. Батун буго гьез рехун тараб автомашина.
Гьениб ккаралъул нугIасул рагIабазда рекъон, редакция жаниб букIараб рокъоре жаниреги лъугьун, чIегIерал капюшонал лъурав чанго бихьинчияс байбихьун буго Калашниковасул автоматаз кьвагьизе. Гьелдаса хадуб къватIире лъутизе байбихьун буго гьенир рукIарал гIадамазги.
Гьеб бакIалде щварав Франциялъул президент Франсуа Оландица лъазабуна гьениб ккараб, щаклъи гьечIого, террористияб акт букIанин.
Улкаялда лъазабун буго террористияб хIинкъиялъул тIадегIанаб даражаялъул режим.
«Шарли Эбдоялъ» чанцIулго кьун рукIана бусурбабазул лидеразде рахъарал карикатураби.
2011 соналъул ноябралда "Шарли Эбдоялъул" редакциялде рехун рукIана жаниб кьвагьулеб лъамалъи букIарал шушби. Гьеб хIужа ккун букIана гьеб даптаралъул жилдалда МухIамад аварагасул карикатураби кьун хадуб.