Украиналъул радикалияб «Правый сектор» абулеб идараялъ инкар гьабун буго Украиналъул улка цIуниялъул министрелъиялъе мукIурлъизе. «Пятый каналалъул» эфиралда гьедин лъазабуна Украиналъул президентасул гIакълучи Юрий Бирюковас. Гьесул рагIабазда рекъон, гьес жидеего бокьун гьеб къукъаялде лъугьарал гIадамазе кьолеб букIун буго тIубараб легализация гьабизе рес ва гьез рагъулаб хъулухъ контракталда рекъон гьабизе кколеб букIун буго. Амма гьеб идараялъул вакилзабаз гьелдаса инкар гьабун буго.
Бирюковас абуна легалияб букIине бокьараб патриотияб идараялъе лъие букIаниги мукIурлъизе бокьунгутIи гIажаибаб жо бугин. Гьесул рагIабазда рекъон, «Правый секторалъе» цоги ресал кьолел рукIинчIо ва рукIине гьечIо.
«Правый секторалъ» гьеб ситуациялъе комментариял кьолел гьечIо.
Гьелъул вакилзабазул жигараб хIаракатчилъи букIана 2013 соналъул ахиралда ва 2014 соналъул авалалда Киевалда рукIарал разилъунгутIиялъул акциязда.