4 январалда Артур Конан Дойлица хъвараб бокьулез Ригаялда исана ункъабилеб нухалда тIобитIана машгьурав детектив Шерлок Холмс вижараяб къо кIодо гьабун, гьесул заманалда букIараб гIадинаб ретIелги ретIун хьвадиялъул тадбир. Нус-нус чи ана Латвиялъул тахшагьар бакьулъан. Гьенир рахъун рукIана режисер И.Масленниковас " Шерлок Холмсил ва доктор Ватсонил лъугьа-бахъинал" абулеб фильмалъул гIемерал сериял. Гьеб фильмалъул героязул ретIел ретIарал гьединго гIахьаллъана флеш-мобалда ва батIи-батIиял къецазда.
Ригаялда кIодо гьабуна Шерлок Холмс гьавураб къо
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15