Россиялъул цо-цо шагьаразда 30 декабрялдаса байбихьун «халкъиял мажлисалилан» абулел тадбирал тIоритIизехъин руго оппозиционияв политик Алексей Навальные ва гьесул вац Олегие хIалае.
Талат къоялъ Замоскворецкий абулеб диваналъ гъозие къотIи гьабун буго: Алексеие шартI хIисабалда туснахалъул лъабго бащдгун сон, Олегие гIаммаб низамалъул колониялда лъабго бащадгун сон кьун буго.
Гьеб гуребги кIиявго вацасда тIадаб буго 500 000 гъурущ гIакIа кьезе ва гьезухъа компенсация хIисабалда ункъго миллион гъурущ бахъизехъин буго ««Многопрофильная процессинговая компания» абулеб идараялъул тIалабалда рекъон.
Навальныязда чIвараб гIайиб – «Ив Роше» компаниялъул гIарац бикъи. Гьелда бан диваналъул данделъиялдаса хадуб Алексей Навальныяс абуна, гьеб бугин бищун хIалихьатаб хIукмуилан.
Москваялъул Хельсинкиялъул къукъаялъул бетIер Людмила Алексеевалъ «Интерфакс» агентлъиялъе лъазабуна гьадинаб диван гьабиялъе кьучI гьечIин ва гьеб букIанин политикияб процессилан.