Россиялъул ТIадегIанаб Диваналъ Генералияб прокуротуроялъул тIалаб хIисабалде босун, террористикияллъун лъазаруна «Исламияб Пачалихъ» ва «Джебхат-ан-Нусра» абулел гIуцIаби.
Улкаялда гьанже гьел гьукъарал ругин. Цере гьадинабго хIукму гьабун букIана Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъги, Евроцолъиялъги, Америкалъул Цолъарал Штатазги, гIемерал цогидал улкабазги.