Рузман къоялда Минскалда тIобитIизе ракIалда букIараб Украиналъул конфликт ахиралде бачиналъул контакталъул группаялъул данделъи гьабун гьечIо.
Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Беларусалъул КъватIисел ишазул министерлъиялъул вакиль Дмитрий Мирончукица.
26 декабралда гьединаб гара-чIвари гьабизе бугин лъазабун букIана УНН абураб Украиналъул информагентлъиялъ.
Гьелдаго цадахъ «Интерфакс» агентлъиялъе комментариял гьарулаго сепаратистазул вакилас лъазабун букIана гьезул чагIи кIалъа-басаязда гIахьаллъизе гьечIин.
Гьебго группаялъул 24 декабралда букIараб данделъиялда Киевалда ва жидецаго жалго лъиданиги рачIел пачалихъаллъун лъазарурал республикабазда асир гьарурал хисиялда сверун гурони тIокIаб къотIи-къай гьабизе бажарун букIинчIо. Гьебги щиб рузман къоялде гьел хисиялъул къо чIезабунцин букIинчIо.