Ссылки для упрощенного доступа

"Роскомнадзоралъ" нух къазе бегьула Facebook-алдеги Twitter-алдеги


Россиялъул территориялда жал рагьиялъул тIуранго ресал къотIизаризе бегьиялъул хIинкъи букIаниги, Facebook-алъги Twitter-алъги инкар гьабуна оппозицияв политик Алексей Навальныясул рахъ ккуразул гьумерал къазе.

Арал гIодоркъоязда Генералияб прокуратураялъул тIалабалда рекъон Роскомнадзоралъ къана Facebook-алда букIараб Алексей Навальныясул рахъ ккуразул гьумер.

Гьеб идараялъ рикIкIун руго гьенир лъурал материалаз гIадамал «санкцияби кьечIел акциязде» ахIулел рукIанин. Гьеб гьумералде нух къалелда цебе гьенив вукIун вуго I0 азарго чи.

Гьез лъазабулеб буго, жал хIадурал ругин 15 январалда Навальнысда хурхун диваналъ хIукму къотIулеб мехалда, гьесул рахъ кквей загьир гьабизейин.

Алексей ва Олег Навальныязде гIайиб гIунтIизабулеб буго кIудияб макру-хIилла гьабиялъул. ЦIехх-реххчагIаз рикIкIунеб буго гьез «Ив-Роше Команиялъул 30 миллион гъурущ бикъанин.

ГIайиб гIунтIизабулез диваналда гьарулел буго Алексей Навальныясе 10 соналъул, гьесул вацасе 8 соналъул туснахъ бихьизаби.

Навальныязул рахъ ккураз рикIкIунеб буго, гьезде гьединаб кIудияб кIваралъул багьана хурхараб бугин Алексей Навальныясул политикияб хIаракатчилъиялда ва гьес гIуцIараб Коррупциялде данде къеркьеялъул фондалъул хIалтIудайин.

XS
SM
MD
LG