Пакистаналъул туснахъазул хъулухъазул нухмалъиялъ лъазабулеб буго террорист хIисабалда жанив тIамурав 23 чи гIагараб заманаялда чIвазе вугин. Диваналъул хIукмуялда рекъон, терроризмалда гIахьаллъиялъул гIайиб чIезабурал чIвазе лъазабун букIараб мораторий нахъе бахъун букIана улкаялъул премьер-министр Наваз Шарифица Пешавар шагьаралъул школаялде16 декабралда тIалибаз гьужум гьабун хадуб. Гьеб мораторий чIезабун ун букIана анлъго сон.
18 декабралда улкаялъул парламенталъ нахъчIван букIана жидее чIвазе къотIараб хIукму нахъе бахъейин хъван букIараб 17 туснахъасул гIарза.
Пешаваралъул школалда 16 декабралда чIван рукIана 132 лъимерги ичIго мугIалимги.