Афгъанисталъул президент Ашраф Гъаница халкъалде телевизионияб хитIаб гьабун, абуна Афгъанистан терроризмалъеги зулмуялъеги мутIигIлъизе гьечIин киданиги. Диниял ва политикиял церехъабаздехун вуссун, гьес ахIи бана зулму какиялде. Шамат къоялъ гьенир тIалибаз гьарурал гьужумазул хIасилалда къогогIан чи чIван вуго.