Цолъарал Штатазул вукIарав вице-президент Дик Чейница кутакалда какана хасаб цIех-рехалъул суалазул рахъалъ Сенаталъул комитеталъул доклад терроризмалде шаклъи бугезул сурав босулеб мехалда зулму хIалтIизабиялда хурхараб.
Чейнил пикруялда гьеб битIараб иш букIанин ЦIех-рех гьабулеб Централияб Идараялъул суравчагIаз гьабулеб букIараб.
Гьадин Дик Чейница лъазабуна Fox News агентлъиялъе интервью кьолаго. Дик Чейни вице-президентлъун вукIана Джордж Буш (вас) президенлъун вукIараб мехалда.