Палестинаялъул бетIер МахIмуд ГIаббасица абуна жиндир министр Зияд Абу Эйн чIвай – вахIщияб ищ бугин. Ва палестинияз гьеб сан гьабичIого тезе гьечIин.
Палестинаялда миллияб чIегIер баялъул лъабго къо лъазабун буго. Зияд автоматалъ кьабун, чIвана ГIизраилалъул аскарияз тунка-гIусси багъарараб мехалда.
Жалго ГIизраилалъул тIадтаразги байбихьана гьеб хIужаялъул цIех-рех. Протест хIисабалда Рамаллагьалда къан руго тукаби. ГIолохъаназ гIизраилалъул солдатазде ганчIал рехула.
Зияд Абу Эйн Палестиналъул хIукуматалда вукIана Палестиналъул ракьалда ругел жугIутазул росабазул суалазул рахъалъ министрлъун.