Ссылки для упрощенного доступа

"Газпромалъухъе" бачIун буго Украиналъе бичулеб газалъухъ гIарац


«Газпромалъ» тасдикъ гьабуна Украиналъ гьаб соналъул декабралда гьелъие бичизе бугеб газалъухъ цебеккунго битIараб 378 миллион доллар жинхъе бачIун букIин.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна компаниялъул вакиль Сергей Куприяновас. Укрианалъул «Нафтогаз» компаниялъул пресс-хъулухъалъ цебесеб къоялда лъазабун букIана газалъул миллиард кубометралъухъ гIарац «Газпромалъухъе» битIанин.

Украиналъе газ бичи цIилъизабиялъул хIукму гьабун букIана Брюсселалда тIоритIарал лъабгорахъалъулал кIалъа-басаязда хадуб.

Киев разилъана 20I5 соналъул марталде щвезегIан россиялъул газ босизе азарго кубометралъухъ 385 долларалъул багьагун.

5 ноябралъ Киевалъ гьединго бецIана цебесеб соналъул ноябрь-декабралъ босараб газалъул налъиги.

XS
SM
MD
LG