Россиялъулги Туркиялъулги президентал Владимир Путиницаги Реджеп Эрдоганицаги гьоркьор лъун руго Россиялъул газ бичиялъул, Сириялда ва Крымалда бугеб ахIвал хIалазул суалал.
Туркиялъ жиндирго ургъел загьир гьабулеб буго Крымалъул татаразде тIадецуй гьабулеб букIиналда бан.
Анкараялъги киданиги къабул гьабизе гьечIин Россиялъ гьабураб Крымалъул аннексияйин. лъазабулеб буго Анкараялъ..
Къадар босун, Германиялда хадуб Туркия кколеб буго Россиялъул газ босулеб кIиабилеб партнер.
Гьаб соналда «Газпромалъ» лъазабухъе, Туркиялъе бичизе кколеб буго газалъул 30 миллиард кубометр.
Амма Москваялъ Украиналде ревесалъул къагIидаялда газ бичизе квал-квал гьабиялъул мурадалда дагьлъизабулеб буго къватIисел улкабазе бичулеб газалъул къадар. Гьединазде гъорлъе ккун буго Туркияги.