Ссылки для упрощенного доступа

Швейцария: мигрантазул суал лъураб референдум


ГьатIан къоялъ Швейцариялда тIобитIана миграциялъул суал гьоркьоб лъураб референдум.

Улкаялъул цIикIкIунисеб халкъалъ рахъ ккун гьечIо мигрантазе рачIине гIорхъаби лъезе кколин абуралъул. Цересел баяназда рекъон, мигрантал рачIине гIурхъаби лъеялде данде гьаракь кьун буго 74 проценталъ.

Гьединго нахъ чIван руго референдумалде росун рукIарал улкаялъул меседилгун-валютаялъул резерв цIикIкIинабиялъул ва къватIисел улкабаздаса рачIарал бечедал гIадамазе магъалоязул бигьалъаби нахъ рахъиялъул суалаги. Гьединал бечедал чагIазул ай миллиардералгун миллионеразул къадар Швейцариялда 5500-ялдаса цIикIкIараб буго.

XS
SM
MD
LG