Америкаялъул Миссури штаталда бугеб Сент-Луис шагьаралда чанго демонстрантас арбагI къоялда хIаракат бахъун буго мэриялъул минаялъе гьужум гьабизе. Лъазабулеб буго акциячагIазул лъабгояв ккун вугин. Цебесеб къоялъ гьеб штаталъул губернаторас гIадлу-биххиял чIезариялъул муралалда гьеб мухъалде битIун букIана Миллияб гвардия. ГIадлу-биххиязе гIиллалъун ккун букIана чIегIерав вас чIварав хъахIав полициясда гIайиб гIунтIизабизе диванханаялъ инкар гьаби.