Ссылки для упрощенного доступа

Фергусоналде ахIун буго Миллияб гвардия


Фергусон, 25 ноябрь
Фергусон, 25 ноябрь

Америкаялъул Миссури штаталъул губернаторас буюри кьун буго Миллияб гвардиялъул къуватал Сент-Луис шагьаралда гъоркьехун бугеб Фергусоналде ритIизе. Гьелъие гIиллалъун ккун буго чIегIерав вас чIварав хъахIав полицияв диванханаялъ ритIухъ гьавиялда хадуб шагьаралда гIадлу-биххиял байбихьи. Губернатор Джей Никсоница гьеб буюри кьун бугин шагьаралда гIадлу-биххиял ва талавурчилъи биччангутIиялъул мурадалдайин лъазабулеб буго Reutersалъ.

Фергусоналда ццим бахъараб халкъалъ гьанжеялде бухIун буго анцIго мина, талавур гьарун руго гIемерал тукаби. Сент-Луисалда цIогь гьабиялъухъ ва къануналде данде ярагъ цIуниялъул гIайиб гIунтIизабун жанив тIамун вуго 61 чи.

Фергусоналда багъарараб протесталъул буго расабазда гьоркьосеб конфликталъул хасият ва къватIахъе рахъарал гIадамаз кIвар кьолеб букIинчIо халкъ сабруялде ахIулел президент Барак Омабал рагIабазеги.

Миллияб гвардия гьеб шагьаралде ахIарав губернатор Никсоница тIадчIей гьабулеб буго щиб гьабунги зулму биччазе бегьунгутIиялда.

XS
SM
MD
LG