Ссылки для упрощенного доступа

Дж.Байден: «Крымалъул аннексия къхабул гьабизе гьечIо»


Рузман къоялъ Киевалда Украиналъул президент Петр Порошенкогун тIобитIараб цадахъаб пресс-конференциялда кIалъазе вахъарав Цолъарал Штатазул вице-президент Джо Байденица абуна, Европаялда гIурхъаби хисизари ва мадугьаллихъ бугел улкабазда гьоркьоб бахIс багъарараб мехалъ цоцаде рагъулаб къуваталдалъун тIадецуй гьаби данде кколареб ищ бугин.

Байденица гьединго абуна Цолъарал Штатаз Крымалъул аннексия къабул гьабизе гьечIин.

Минскалда гьабураб маслигьаталъул шартIазул ва Украиналъул суверенитеталъул хIурмат Россиялъ гьабуни, Цолъарал Штатаз кIалъа-басаял байбихьила Россиялде данде лъазарурал санкциязул суалгун гьоркьоб.

«ХIурматияв Путин, дуца кьураб рагIи тIубазаби», - ян абуна Джо Байденица, Россиялъул президентасдехун вуссун.

XS
SM
MD
LG