Сухумиялъул прокуротуроялъ гьатIан къоялъ такъсирчилъиялъул цIех-рех байбихьана жибго жиндаго чIараблъун лъазабураб гьеб республикаялъул премьер-министрасде тIаде-кIанцIи гьабиялда бан.
Шамат къоялъ Беслан Бутбал автомобилалъе нух къан букIана шалали лъаларез жидерго автомобил чIезабун.
Хадуб гьез гьесда гьужум гьабун, вуххана.
Абхазиялъул хIукуматалъул бетIерасда цадахъ гьесул хъизам-кулпаталъул гIадамал гурони, тIокIал рукIинчIо.
Милициялъул лъазабиялда рекъон тIаде кIанцIарал гIадамал мехтун рукIун руго. «Интерфакс агентлъиялъе интервью кьолаго Беслан Бутбаца абуна жив чIвазе гьабураб къасд гьеб букIун гьечIин.