Россиялъул президент Владимир Путиница лъазабуна, Евроцолъиялъ, Цолъарал Штатаз ва цогидал улкабаз Россиялде данде Украиналъул кризисалда хурхун лъазарурал санкцияби данде кколел гьечIин «КIудияб къойилабалъул» принципаздеги халкъазда гьоркьосел нормабаздегийин.
14 ноябралда ТАССалъ бахъараб интервьюялда Путиница лъазабулеб буго активазул хьвади чIезабиялъ, визаби кьезе инкар гьабиялъ захIмалъизабулеб бугин Россиялъул компаниязе Магърибалъул финансазул базаралде нухин, гьединал хIукмаби къабул гьабизе ихтияр бугин гIицIго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъулин.
Гьев мукIурлъана санкциябаз, нартил багьа гIодобе ккеялъ Россиялъул экономикаялъе кIудияб зарал ккезабулеб букIиналъе.
Аммайин абуна Путиница, Кремалъул финансазул резервал кIудиял ругин ва улкаялда бажаризе бугин бокьараб экономикияб кризисалдаса борчIизейин ва жанисеб базаралда «социалиял тIадеросиял» тIуразаризейин.
Путиница гьединаб лъазаби гьабуна «КIудияб къойилабалъул» Австралиялда тIобитIизесеб саммиталда цебе. Гьелда санкциязул суал гьоркьоб лъеялъул «магIна гьечIин», лъазабуна гьес.