Украиналъул машрикъалъул рахъалда Россиялъулгун гIорхъода лъугьа-бахъунелъул контроль гьабиялъул хIалтIуда ОБСЕялъул тоххалчагIазе «дандекколарел шартIал» чIезарун ругин, лъазабуна Венаялда ОБСЕялъул даимаб мажлисалъул данделъиялда гьеб гIуцIиялъул Парламентияб Ассамблеялъул президент Илка Канерваца.
Гьесул рагIабазда ОБСЕялъул тоххалчагIазул рес рагIуларо официалияб къагIидаялда гIорхъи бахулеб бутIаялда гурони жидерго хIалтIи гьабизе.
ОБСЕялъул тоххалчагIаз лъазабулеб буго жидеда рихьанин сепаратистазухъ ругел территориязда рагъулаб техникаялъул чанго колоннайин, амма лъил гьел ругелали чIезаризе бажаричIин.
НАТОялъул нухмалъиялъ 12 ноябралда лъазабуна, Россиялъул танкабазул, артиллериялъул ва цогидаб рагъулаб техникаялъулгун яргъил колоннабаз Украиналъулгун гIорхъи баханин. Москваялъ гьединал лъазабиял нахъ чIвалел руго.