Ссылки для упрощенного доступа

Пекиналда рагIалде рахъана СШАялъул ва Китаялъул лидеразул кIалъа-басаял


Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца ва Китаялъул нухмалъулев Си Цзипиница лъазабуна климат хисиялъул ишалда хIинкъиязде данде къеркьеялъул цIиял планазул хIакъалъулъ.

Гьединаб лъазаби гьез гьабуна I2 ноябралда Пекиналда рагIалде рахъарал кIиявго лидерасул кIалъа-басаязда хадуб.

Обамаца цебе лъуна масъала 20I5 соналде щвезегIан парникиял газазул эмиссия 2005 соналъул даражаялде данде ккун 26 проценталдаса 28 –ялде щвезабизе.

Китаялъул бетIерас лъазабуна, гьесул улкаялъ парникиял газал гьаваялде риччаялъул къадар минимумуалде щвезабизе бугин 2030 соналде щвезегIан.

Пекиналда тIоритIарал кIалъа-басаязе къимат кьолаго Си Цзипиница лъазабуна, гьел рукIанин конструктивиялин.

Пекиналда Цолъарал Штатазул президент гIахьаллъана АТЭСалъул улкабазул саммиталда.

XS
SM
MD
LG