Россиялъ жиндирго бербалагьи загьир гьабичIого тана Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялда Босниялда Евроцолъиялъул парахалъи цIуниялъул къуватал рукIиналъул болжал халат бахъинабиялъул суал гьоркьоб лъун гьаркьал кьолеб мехалда.
ООНалда Россиялъул вакил Виталий Чуркиница абуна, Босниялъул гражданал, гьес абухъего, Еврцолъиялъул рахъалде цузе кколарин. 11 ноябралда ООНалъул ХIинкъигьечIолъиялъул мажлисалъул хутIарал гIахьалал рахъал разилъана гьеб улкаялда Евроцолъиялъул парахалъи цIунулел къуватал тIадеги цо соналъ тезе.
Аналитиказ рикIкIунеб буго, гьединаб гьаркьал кьеялъул процедураялъцин бихьизабулеб бугин, аслияб къагIидаялда Украиналъул конфликталъе гIоло Магърибалдаги Россиялдаги гьоркьоб бугеб хIалуцин.
EUFOR абурал парахалъи цIуниялъул Евроцолъиялъул къуватал Босниялде щвезарун рукIана 1992 соналдаса 1995 соналде щвезегIан боснияздаги, хорватаздаги, сербаздаги гьоркьоб тIобитIараб гражданияб рагъ унеб мехалдаго.