Ссылки для упрощенного доступа

Аламаниялда унел руго Берлиналъул къед биххаралдаса 25 сон тIубаялъул тадбирал


Аламаниялда гьал къоязда унел руго Берлиналъул къед биххаралдаса 25 сон тIубаялъул тадбирал. Гьезда гIахьаллъулев СССРалъул экс-президент Михаил Горбачевас рагьана гьел лъугьа-бахъиназда хурхараб экспозиция. Берлиналъул къедалъ тIуразарулел рукIана Германиялъул Демократияб Республикаялда ва Магърибалъул Берлиналда гьоркьоб пачалихъалъул гIурхъиялъул иш. Гьеб бан букIана 1961 соналъул 13 августалда Варшаваялъул къотIи-къаялде гьоркьоре унел улкабазул хIукмуялда рекъон.

1989 соналъул 9 ноябралда халкъалъул демонстрациязул асаралда гъоркь ГДРалъул хIукуматалъ биххизабуна Магърибалъул Берлингун бухьеналъе чIезабун букIараб гIурхъи, 1990 соналъул 1 июлалда абуни тIубанго нахъе бахъун букIана гIурхъи бахунаго гьабулеб контроль. КIиябго Алмания цолъизабулеб къотIи къуваталде лъугьун букIана гьебго соналъул соналъул 29 сентябралда.

XS
SM
MD
LG