Ссылки для упрощенного доступа

«Исламияб пачалихъалъ» бетIер къотIун буго жеги 8 чиясул


«Исламияб пачалихъин» жиндаго абулеб къукъаялъ чIван вуго араб анкьалда гьезухъе кверде вачIарав сириялдаса микьго яргъидгIуцIарав. Гьезие амнистия гьабилин рагIи кьун букIаниги гьезул бутIрулги къотIун хутIарал жаназаби ран руго хъарщазул гьарурал хъанчазда. Гьедин лъазабулеб буго Британиялда чIей бугеб Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулез. Гьезулго баяназда рекъон, чIварав микьгояв вагъулев вукIун вуго сириялъул режималде дандеги «Исламияб пачалихъалде» дандеги. Гьел гьезухъе квердеги ун рукIун руго гьез амнистия гьабилин кьураб рагIуда божун.

«Исламияб пачалихъин» жиндаго абулеб къукъаялъ исламияб «халифатин» абулеб кверщел чIезабун буго Сириягун ГIиракъалъул жидеца контроль гьабулел территориязда. Гьениб гьез исламалъе гьабулеб буго экстремистияб интерпретация ва тIагIинарулел руго оппонентал.

XS
SM
MD
LG