Украиналъул президент Петр Порошенкоца жиндирго ватIанцоязда баркана Украиналъулгун Евроцолъиялъул ассоциациялъул процесс 1 ноябралдаса байбихьун бугеблъи.
31 октябрялда загьирабун буго Петро Порошенкол ва Евроцолъиялъулгун Еврокомиссиялъул бутIрузул цадахъаб лъазаби.
Гьелда абулеб буго тIоцебесеб къотIи гьабун бугин ритIухълъиялъул тIокIлъиялда, такъсирчилъиялде ва коррупциялде данде къеркьей гьабиялда бан. Гьадин лъазабулеб буго УНИАН абулеб информагентлъиялъ.