Венгриялъул премьер-министр Виктор Орбаница лъазабуна жиндирго хIукумат нахъе бахъана цебе къабул гьабураб къанун – интернеталда бан магъало бахъиялъул.
Гьелдалъун улка сверухъ протестазул акIиял рагъарун рукIана. Радиоялъе интервью кьолаго, Орбаница абуна, гьабсагIат гьадинаб къагIидаялда рехсараб магъало хIалтIизабизе бегьуларин.
ТIаде бачIунеб соналъул январь моцIалда гьеб суал тIолго улкаялъул даражаялда дандбазе бугин, тIаде жубана Венгриялъул премьер-министрас.