Ссылки для упрощенного доступа

Украина-Россия: газил контракт


Араб сордо-къоялда жаниб Украиналда унеб бугеб хасаб операциялъул хIасилалда 11 рагъулав хъулухъчи чIван вуго. Гьадин лъазабуна хамиз къоялъ Украиналъул Миллияб хIинкъи гьечIолъи ва улка цIуниялъул Шураялъул вакил Андрей Лысенкоца.

Гьесул рагIабазда рекъон сепаратистаз гIарада бана Николаевка, Беросовый ва Славное абулел Донецк икълималда ругел бакIазде.

Россиялъги Украиналъги къотIи гьабун буго хаслихъе Украиналде газ бачиналъул ишалда бан.

Гьадин лъазабуна Россиялъул энергетикаялъул министр Александр Новакица хамиз къоялъ тIобитIараб хIукуматалъул данделъиялда.

Гьесул рагIабазда рекъон кватIичIого хIадур гьаризе руго Газпромалъулгун Нафтогазалъул контракталде гъуба-жубаял. Украиналъул рахъалъ дурус гьабун буго газил 4 миллиард кубометралъухъ гIарац кьезе жиб хIадураб бугин.

XS
SM
MD
LG