Украиналда гьатIан къоялъ тIоритIарал иргадулал гурел парламентиял рищиязда бергьарал «Халкъхияб Фронт» абулеб премьер-министр Арсений Яценюкил партиялъ, «Петр Порошенкол Блокалъ» ва Львов шагьаралъул мэр Андрей Садовыясул «Самопомощь» абулеб партиялъ арбагI къоялъ загьирабуна коалиция гьтIуцIиялъул план.
КьучIое босун буго президент Петр Порошенкол проект – Украина-2020 абураб. Гьелда рекъон 2020 соналда Украинаялъ гIарз битIизехъин буго жиб Евроцолъиялде гъорлъе ине бокьун бугин абураб.