Ссылки для упрощенного доступа

В. Путинил каламалда хурхун ккомментариял гьаруна Вашингтоналъ


Цолъарал Штатаз гIамал гьабулеб гьечIо Россиялъулгун конфронтациялъул даража цIикIкIинабизе, амма Вашингтон ине гьечIо компромиссазде Европаялъулги Шималияб Америкаялъулги хIинкъигьечIолъиялъул кьучIиял принципазул бицен гьабулеб мехалда.

Гьедин лъазабуна СШАялъул Пачалихъияб департаменталъул пресс-секретарь Джен Псакица Америкаялъул дипломатияб идараялда гIадатияб брифингалда «Валдай» абураб халкъазда гьоркьосеб дискуссиялъул форумалда Россиялъул президент Владимир Путинил каламалда хурхун комментариял гьарулаго.

Гьелъул рагIабазда, Цолъарал Штатаз рахъ кквезе буго Украиналъул территориялияб тIолголъиялъулги суверенитеталъулги.

Жидеца кидаго абулеб букIунин Цолъарал Штатазда ва Россиялда бажаризе букIанин гIемер цадахъаб хIалтIи гьабизе, добго ядерияб арсенал тIагIинабиялъул яги Сириялъул химикияб ярагъ тIагIинабиялъул гIадал суалазда хурхунин, жубана Псакица.

XS
SM
MD
LG