Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас лъазабуна, Россиялъулгун Америкаялъул гьоркьорлъаби щванин бищунго гIодосеб даражаялдейин.
Гьев мукъурлъана гьел гьоркьорлъабазде «цIорораб рагъин» абизе бегьулеб букIиналъе.
«Единая Россия» партиялъул «Гражданияб университет» абураб проекталъул гIорхъабазда лекциялда Лавровас лъазабуна, кIиябго рахъалда гьоркьор «цIорорал» гьоркьорлъаби халатаб заманалда хутIизе ругин.
Гьединаб перспектива гьес хурхинабуна Украиналъул кризис рагIалде бахъинабиялъе хIалкъаздагьоркьосеб хIаракат гIемер заманалъ бахъизе ккезе букIиналда.
Лавровас нахъ чIвачIо Украиналда загьирлъараб сценарий Молдовалда ва Приднестровьеялда такрарлъизе бегьи.
Россиялъул къватIисел ишазул идараялъул бетIерас рикIкIунеб буго, Приднестровьеялъул ихтияр бугин жинцаго жиндирго букIинесеб бищизеян, нагагьлъун Кишиневалъ блоказде гъорлъе лъугьунгутIиялъул гьанжесеб къватIисеб политикаялъул статусалдаса инкар гьабулеб бугони.