Ссылки для упрощенного доступа

Гонконгалда цIиял тунка-гIуссиял


Хамиз къоялъул сардилъ Гонконгалда полициялъулазда ва демонстрантазда гьоркьор рагъарана цIиял тунка-гIуссиял. 26 чи полициялъ ккуна.

Демонстрантазде данде хIалтIизабун букIана магIу чвахизабулеб газ.

ТIадтаразул баяналда рекъон 15 полициялъулав лъукъун вугин. 2007 соналда гьениб байбихьараб протесталъул гIахьалчагIаз тIалаб гьабулеб буго Гонконгалъул администрациялъул бетIерасул гIаммал рищиял тIоритIи.

ГьанжелъизегIан администрациялъул бетIер хъулухъалде тIамулев вукIана Пекиналъе мутIигьал рищарухъабазул коллегиялъ.

XS
SM
MD
LG