Араб сордо-къоялда жаниб сепаратистаз 50-гIан гьужум гьабун буго Донбассалда ругел Украиналъул аскариязде. Гьадин интернеталда лъазабуна «Информационияб квербакъи» абулеб кукъаялъул бетIер Дмитрий Тымчукица.
Сепаратистаз минаби речIулел алатал, реактивиял системаби танкал хIалтIизарулаан ва гIарада балеб букIана рагъулал объектазде. Украиналъул жанисел ишазул министр Арсен Аваковас буюри кьуна «Шахтерск» абулеб хасаб тIадкъаялъул батальон биххизе.
ГIиллалъун гьес лъазабуна рехсараб батальоналъул рагъухъабаз ризго мародерлъи гьаби.