Ссылки для упрощенного доступа

Донецкалъул вукIарав «халкъияв губернатор» чIвазе къасд гьабун буго


«Новороссия» абулеб багъа-башариялъул баяналда мугъ чIвай гьабун, Интерфакс агентлъиялъ лъазабулеб буго сепаратистаз лъазабураб Донецкалъул республикаялъул вукIарав «халкъияв губернатор» Павел Губарев чIвазе къасд гьабун бугин шалали лъаларез.

Гьев захIматго лъукъун вуго ва вегизавун вуго Ростовалъул азарханаялде. Гьесул автомобилалде кьвагьдей гьабун бугин Ростов – Донецк шагьранухда ва гьеб букIанин Губарев чIвазе гьабураб кIиабилеб къасд.

Июнь моцIалда Донецкалъул администрациялъул минаялда букIараб гьесул кабинеталде къватIисан граната речIун букIана.

XS
SM
MD
LG