Ссылки для упрощенного доступа

Россиялъулел тIадтаразе лъазарурал санкциял тамахлъизаризе ракIалде гьечIо СШАялда


Украиналдаса къватIисел улкабазул киналго рагъул къуватал, кинабго рагъулаб техника нахъе бачинчIого, Украиналъул кинабго территориялда тIад суверинитет нахъ буссинабичIого ва киналго гъоркьлъалие росарал эркен гьаричIого, Россиялъул нухмалъулезде данде лъазабураб санкциязул режим тамахлъизабиялъул биценцин гьабизе бегьуларин, лъазабуна Цолъарал Штатазул нухмалъиялъул вакилзабаз.

«Украиналда хурхун ракълилаб къотIи-къай жакъа нилъер буго гIицIго кагътида, талихIалъ Украиналъул аслияб бутIаялда ракълилаб ахIвал-хIал хутIулеб буго, амма ракълилал къотIи-къаял хвезарулел руго къучIиял сегментазда», - ян лъазабуна Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарасул кумекчIужу Виктория Нуландица хамиз къоялда Берлиналда, Аспенил институталъул филиалалъе 40 сон тIабаялда бан тIобитIараб конференциялда.

Украиналъул нухмалъиялъги магърибалъул цо-цо политиказги Москваялде гIайиб гIунтIизабулеб буго Украиналда ругел сепаратистазе квербакъи гьабиялъул ва Украиналъул территориялда рагъул къуватал рукIиналъул.

Россиялъ киналго гIайибал нахъ чIвалел руго.

XS
SM
MD
LG