Беларусалъул парламенталъул гъоркьияб палатаялъ ратификация гьабуна Евразиялъул экономикияб цолъи гIуцIиялда хурхараб къотIи-къаялъул. Гьелдаго цIадахъ парламенталъ къабул гьабуна хасаб лъазабиги. Гьелда абулеб буго, Беларусалъ рагIи кьолеб бугин гьеб къотIи-къай ракIбацIадго тIубазабизе, «нагагьлъун барьерал ва цо-цо ишазда гIорхъаби чIезариялдаса инкар гьабиялъул къотIи-къаялде рахъал рачIаниян». Белорусалъул пачалихъаял хъулухъчагIаз абулеб буго, Евразиялъул экономикияб цолъи кколарин гьанжеги гIаммаб экономикияб базарин.