Ссылки для упрощенного доступа

Украиналда хваразул хIакъалъулъ доклад бахъана ООНалъ


Украиналъул рагъулаздаги сепаратистаздаги гьоркьоб 5 сентябралда ракълилаб къотIи-къай гьабун хадубги, улкаялъул машрикъалъул рахъалда хун вуго бищун дагь босун 331 чи. Гьезда гъорлъан цо-цоял чIван ратизе бегьула 5 сентябрь щолелде, амма гьезул хвелалъул регистрация гьабун буго хаду.

Гьедин лъазабулеб буго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Украиналда ситуациялъул мониторинг гьабулеб гIуцIиялъул докладалда. Тунка-гIусиязул анлъго моцIида жаниб, ай, апрелалъул бакьулъа 6 октябралде щвезегIан, Украиналъул машрикъалъул рахъалда хун рагIула бищун дагь босун 3600 чи, 9 азарго гIанав чи лъукъунги вуго.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул докладалда гьединго лъазабулеб буго тунка-гIусиязда гIахьаллъанин къватIисел пачалихъадаса гIадамалгиян, гьездаго гъорлъ Россиялъул гIадатиял гражданалги рагъулалги.

Докладалда гьединго кIвар буссинабулеб буго, сепаратистаз областазда гIадамал чIвалел, рикъулел рукIаналде, гьезие гIазаб кьолеб букIиналде, рукъзал риххизарулел рукIиналде ва талавурлъи гьабулеб букIиналде.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъул вакилзабаз лъазабулеб буго гьединго, Украиналъул жалго лъикIал лъугьун армиялъе кумек гьабулел гIуцIиязул вакильзабазги инсанасул ихтиярал хвезарулел ва такъсирал гьарулел ругин. Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул хIисабалда, Украиналъул машрикъалъул рахъалда халат бахъунеб зулмуялдаса зарал ккун рагIула щуго миллионгIан чиясе.

XS
SM
MD
LG