Ссылки для упрощенного доступа

Нугъай мухъ: полициялда щивниги божулев гьечIо


6 октябралда такъсир гьабиялда щаклъи букIун ккурав чи Нугъай мухъалъул полициялъул хIалтIухъанас чIван вуго. Низам цIунулез лъазабулеб буго такъсирчиясдаса живго цIунулаго речIчIун бугин полициялъулас гьесда таманчайин. БакIалъул гIадамазул баяналда рекъон чIварасда щибго гIайиб букIун гьечIо.

Итни къоялъ Дагъистаналъул Нугъай мухъалъул жанисел идарабазул бутIаялда жаниб полициялъул хIалтIухъанас жиндирго гIумру хвасар гьабулаго гьебго мухъалдаса чи чIван вуго. Гьев такъсиргьабиялда щаклъи букIун ккурав Калининаул росулъа 22 сон барав Эрадиль Асанов нусги босун полициялъулазде тIаделъанин абурал баянал тIиритIизаруна Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ. Живго цIунизе гIоло полициялъулас речIчIун буго гьев такъсиргьабиялда щаклъи букIун ккурасда. Гьединаб буго низамцIунулез кьолеб официалияб баян. Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун къуваталъул идарабаз цIех-рех байбихьун бугин лъазабулеб буго.

Амма бакIалъул гIадамаз бицухъе гьев чIварасда гIайиб букIинчIин, гьес полициялъуласда тIадекIанцIиги гьабун гьечIин бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазул махщалилаб цолъиялъул бетIер Шамилов МухIамадица. Гьесухъе щварал баяназда рекъон гьев чIварав васасдаса гьес гьабичIеб такъсир тIаде босизабулеб букIун буго полициялъулаз. Гьесие тункIица хIинкъалаби кьолаго речIчIун буго полициялъулас.

Шамилов МухIамад: «Гьев чIварав вас бикъа-хъамиялъулъ гIахьаллъи гьабиялда щаклъиги букIун полициялъул бутIаялде вачун вукIун вуго. Гьениб гьес гьабизего гьабичIеб такъсир тIаде босеян тIаделъун руго гьесде полициялъулал. Вухун-кьабун гьавиялда цадахъ гьесие тукIицаги хIинкъи гьолеб букIун буго. Гьедин речIчIун ботIролъ туманкIгун чIван вуго гьев вас. Гьанже низамцIунулел гьев нусги босун жидеде тIаделъанин абун мекъал баянал кьолелл руго».

Шамилов МухIамадица абулеб буго гьев чIварав Асанов нусги босун полициялъулазде тIаделъанин гьез абиялъго бихьазабулеб бугила низамцIунулез гьереси бицунеб букIин. Чи ккурав мехалда кидаго гьесул хал гьабулила, кодоб киданиги ярагъ толарила гьесухъ. Гьелде тIадеги полициялъул минаялъуре лъугьунеб мехалдаги кIалтIа хасаб алат букIунила, кодоб маххул алат бугони гьелъги тIатинабулила гьеб. Жидеего нухал ралагьулаго ургъараб жо бугила полициялъулаз гьев жидеде нусги бахъун тIадекIанцIанин, гьединлъидал гьесда речIчIизе кканин аби.

«Кавказский узел» сайталъ кьурал баяназда рекъон чIварав Асанов Эрадилила чанго соналъ гIолохъанай яс чIваялъул такъсир тIадебосизабулеб букIун буго полициялъулаз. Нугъаялъул полициялъ рагьичIого хутIараб II такъсиргьабиялъул иш бугила, гьел дагьлъизаризе къваригIун букIанила гьезие. Гьединлъидал гьеб такъсир Эрадилида тIаде босизабулеб букIанин гьезилан хъвалеб буго гьеб сайталъ.

Шамилов МухIамадил пикруялда рекъон, гьеб баян уяб батизе рес буго. Гьес баян гьабуна къуваталъул идарабазда гIадатлъун билълъараб иш бугила гьеб такъсиргьабиялъул ишал дагьлъизе рукIине, гьел лъида-лъидаги тIаде росизари. Нугъай мухъалъул полицияги расги лъикIаб рахъалъ рагIараб идара гурин бицана гьес.

Гьебго итни къоялъул къаси Россиялъул терроризмалде дандечIараб идараялъ лъазабуна Хунзахъ мухъалъул 5 росулъ терроризмалде дандечIараб низам лъазабун бугилан. Кинал росабалъ гьеб лъазабун бугебалиги мухIкан гьабичIо. «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал мухIканал гурел баяназда рекъон Хунзахъ мухъалъул Харахьи ва ГIорутIа росабалъ гурони гьеб хасаб низам лъазабун гьечIо. Гьединго мухIканал гурел баяназда рекъон цохIо Хунзахъ мухъалда гуреб Болъихъ ва Гумбет мухъалъул кинабниги щуго росулъ лъазабун буго гьеб. Гьеб лъугьа-бахъиналъул мухIканлъи цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ Дагъистаналъул къуваталъул идарабазде ахIана, амма гьез лъазабуна жидеца киналгIаги баянал кьун бажаруларила, гьел хасал тадбиразулъги жидеца гIахьаллъи гьабулеб гьечIила, гьеб кинабго россиялдаса рачIарал федералиял аскариязул иш бугилан.

Гьебго къоялъ Гъизилюрт мухъалъул Кироваул хасаб операциялъул хIасилалда чIварав Аслудинов ГIалидибирил рокъоб гIемерал кьвагьулел жал ва ярагъ батанин лъазабуна Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ. Гьединго Кироваулалдаса 20 гIан чиги ккун вукIун вуго низамцIунулез. Гьел киналго изнугьечIого яргъидгIуцIаразулгун хурхен букIиналда щаклъи букIун, цIех-рех гьабизе ккун рукIанин лъазабулеб буго полициялъ. Къоялъ Гъизилюрталдаги чIезарун, щал кинали хIисабалдеги росун риччан руго гьел чагIи.

XS
SM
MD
LG