Донецкалда бугеб ахIвал-хIал хIалуцараблъун хутIулеб буго. Шамат къоялъул къаси гIарада баялъул хIасилалда гьенив кIиго ракълилав чи чIвана.
Гьадин лъазабуна шагьаралъул Шураялъул пресс-хъулухъалъ. Добго шамат къоялъ Украиналъул президент Петр Порошенкоца абуна Донецкалъул гIемерал идараби хIалтIулел гьечIин.
Хасго гьеб сабаблъун гIадамазе гьале ункъго моцIида жаниб я пенсия я мухь щолеб гьечIин.
Порошенкоца абуна – низам тIад буссинабизелъун тIоцебесеб иргаялда Украиналъе рекъел къваригIун бугин.