Ссылки для упрощенного доступа

Швеция хIадураб буго Палестина пачалихълъун къабул гьабизе


Швециялъул цIияб хIукуматалъул хиял буго Палестина жибго жиндаго чIараб пачалихъ хIисабалда къабул гьабизе. Гьадин лъазабуна Швециялъул парламенталда 3 октябрялда букIараб жиндирго гьа-баялъул тадбиралда премьер-министр Стефан Ловфеница.

Гьедин ккани – Швеция букIине буго Палестина пачалихъ хIисабалда къабул гьабураб Евроцолъиялъул тIоцебесеб улка. Палестина пачалихълъун къабул гьабуна Венгриялъги, Польшаялъги, Словакиялъги. Амма гьединаб хIукму гьез гьабун букIана Евроцолъиялде гъорлъе инегIан.

Ловфенил рагIабазда рекъон Палестиналда ва ГIизраилалда гьоркьоб бугеб конфликт рагIалде бахъинабизе ккола кIалъа-басаял тIоритIун ва халкъаздагьоркьосел къанунал цIунун.

XS
SM
MD
LG