Ссылки для упрощенного доступа

Америкалъги Афгъанистаналъги къотIи гьабуна


Талат къоялъ Кабулалда Афгъанистаналъул миллияб хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул рахъалъ президентасул гIакълучи Ханиф Атмарица ва гьеб улкаялда Цолъарал Штатазул вакил Джеймс Кунингамица гъулбасал лъуна цадахъ рекъон хIалтIиялъул ва хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул къотIи-къаялда гъоркь.

Гьелда рекъон исана соналъул ахиралда Афгъанистаналдаса киналго къватIисел улкабазул аскариял нахъе рачун хадуб гьениб хутIила Америкалъул гьитIинаб къукъа. Гьелъул аскариязул къадар 10 000-ясде бахине буго. 2015 соналда гьеб къадар кIиго нухалъ дагьлъила, ва 2016 соналда гьенир рукIине гьечIо цониги къватIисеб улкаялъул аскарияв.

ТIалибан багъа-бачариялъ гьеб къотIи рикIкIана хIилла-макрулъун Цолъарал Штатаз Афгъанистаналда тIад контроль гьаби мурадалда гьабураб.

Афгъанистаналъул вукIарав президент ХIамид Карзаица гьединаб къотIи-къаялда гъоркь гъхулбас гьабиялдаса инкар гьабуна. Ва гьелдалъун кIиябго улкаялъул гьоркьобакI квешлъана. Абулеб буго гьаб анкьида гьелда релъараб къотIи-къай Афгъанистаналъул тIадтараз НАТО-ялъул командованиялъулгунги гьабизехъин бугин.

XS
SM
MD
LG