Итни къоялъ Афгъанистаналъул тахшагьар Кабулалда тIобитIана гьеб улкаялъул цIивищарав президент Ашраф Гъанил гьа баялъул тадбир. Гьединго гьа бана хIукуматалъул бетIерлъун тIамурав ГIабюдуллагь ГIабдуллагьицаги.
Гъани ккола финансабазул вукIарав министр, гьев гьединго хIалтIулаан ТIолго Дунялалъул банкалда.
Гъаница рагIи кьуна хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул рахъалъан Цолъарал Штатазулгун къотIи-къай гьабизе.
Гьелда рекъон Афгъанистаналъул территориялдаса америкалъул аскариязул аслияб къадар нахъе рачун хадуб, цо кIудияб гуреб къукъа хутIила.